Меню Рубрики

Сценка на аварском языке гьереси

сценарий для инсценировки поэмы Р.Гамзатова «Вера Васильевна» на аварском языке
материал

Сценарий для инсценировки учащимися школы поэмы Расула Гамзатова «Вера Васильевна» на аварском языке

Скачать:

Предварительный просмотр:

Интерактивияб доскаялда бихьула цебесеб росдал к1ват1.

Сценаялда- маг1арул росулъ радал ригь бихьизабила : годек1ан, хурире унел, лъадаре рач1унел, махсаро-хоч1алда васалгун ясал. Нахъисеб сценаялдасан, 20 абилел соназул партал рет1арай г1урус г1адан росулъе щола. Гьеб заманалда сценалда нахъасан рик1к1уна:

Йорч1ами хирияй, г1урус муг1алим,

Лъик1 щварай муг1рузул улкаялде мун.

Г1асиял кьураби, ч1ах1иял борхьал,

Бидул ц1урал хунжрул ва гьезда гьоркьой

Микьабго рахъалъан сверун ккуна мун.

Руччаби лъадаре рач1унаго.

Хирияй, бищунго бах1арал сонал

Бец1аб муг1рул росулъ т1амуна дуца.

Бец1ал руччабазул гьерсилал мац1аз

Гьабихъги корохъги какулаан мун.

Бот1рол рас бахчизе чохт1о-к1аз гьеч1ей

Дуде аск1ор ясал рит1иралилан,

Цогиги рук1ана дозул бугьтанал,

Бич1ч1и щвеч1ел гьезда т1аса лъугьа мун.

Школа. Хъорщода г1одор ч1арал, жеги школалде рач1унел лъималазул къокъаби. Гьезда дандч1вай гьабула г1урус муг1алималъ. Гьанже бот1рода ч1ван буго шал. Киназдаго гьелъ т1асан кверал рахъула, г1одор ч1езарула.

Г1урусай муг1алим, зах1мат бук1ана.

Амма дуца кинго кверал рорхич1о.

Дур каранлъ бук1ана багьадураб рак1,

Дур рек1елъ бук1ана багьадураб къасд.

Мун релълъон йик1ана, дир рек1ел гьудул,

Бокьун кьалде арав рагъухъанасда,

Яги къоабилелъ муг1рузде щварал

Баг1арал полказул коммунаразда. Учительница дарс кьолей йик1уна.

Духъ бук1ана канлъи, цо кули гуреб,

Кинабго дуниял гвангъизабулеб.

Россиялъул канлъи, Москваялъул ц1ва,

Тушбаби риххулеб, гьудул вохулеб.

Ва хасалил сардаз квачараб рокъоб,

Мукъсанаб канлъухъе дуца ц1алана

Муг1рул лъималаца т1оцере хъварал

Бищунго г1адатал г1урус раг1аби.

Гьеб щибаб раг1иялъ нижер бадиса

Борхана азарил соназул пардав.

Нижеда бихьана партабаздасан

Гьайбатаб г1умрудул г1ор щвараб чвахи.

Учителалъ ц1умур кьабула, лъимал рокъоре нухда т1амула.

Гьеб заманалда рик1к1уна.

Ниж г1уна, г1емерал сонал роржана

Нижеца г1асиял муг1рул нахъ тана.

Г1азизай эбелалъ кинигин дуца,

Квер босун, сапаралъ ниж т1орит1ана.

Цин гьаниса, дораса г1ахьаллъулел сценаялде рач1уна.

Дур ц1алдохъабаца – маг1арул васаз

Ротаби гьужумалъ цере рачана.

Дур ц1алдохъабаца, ц1умаллъун роржун,

Ц1вабзахъе щвезег1ан т1авап гьабуна.

Интерактивияб доскаялда бат1и-бат1иял ишазда рихьула районалъул машгьурал г1адамал.

Муг1алимгун т1олгоял, кверал ккун, ч1ола.

Дида лъала эбел цо йик1унейлъи,

Цогидаз кидаго гьей хисунгут1и.

Амма киназулго рак1алъ абула

К1иабилей эбел йигин мунилан.

Кидаго рак1алдаса инаро …. (районалъул т1оцересел г1урус учительзабазул ц1арал рехсола).

Баркала, хириял нижей канлъи кьуралъухъ. Халкъияб бакъан.

По теме: методические разработки, презентации и конспекты

Тематическое планирование по аварскому языку 9 класс.

Жакъасеб школалда т1адаб борч ккола г1ун бач1унеб г1елалъе гъваридаб ва щулияб г1елмияб лъай кьей, гьеб жидер практикаялъулъ х1алт1изабизе ругьун гьари, дунялалдехун материалистияб бербалагьи лъугьина.

Разработка создана для первого часа по фонетике в 5м классе. Она поможет учителю наглдно показать сложные звуки аварского языка.

Презентация к уроку аварского языка в 7 классе по теме «Наречиязул бит1унхъвай».

Сценарий КВНа на аварском языке создан учителями аварского языка и литературы Дылымской гимназии Батиевой Динарой Кехурзаевной и Ахмедхановой Заргат Рашидовной для выступления нашей команды в ра.

Технологическая карта урока по аварскому языку. Диктант по теме обращение и вводные слова «Ралъад». Технологическая карта создана Батиевой Динарой Кехурзаевной, учителем аварског.

сценарий для КВНа на аварском языке
материал

Сценарий КВНа на аварском языке создан учителями аварского языка и литературы Дылымской гимназии Батиевой Динарой Кехурзаевной и Ахмедхановой Заргат Рашидовной для выступления нашей команды в районном конкурсе КВН учащихся на аварском.

Скачать:

Предварительный просмотр:

Авар мац1алда районалъулаб КВНалъе сценарий

1 конкурс: Приветствие.

Школалъул сурат доскаялда. Понц1ерабаз къач1араб рукъ. Понц1ерабазда гъоркь хъван буго: ДМГялъул 11 класс лъуг1арал къват1ире гъеялъул тадбир.

Выпускникал ва умумул залалда г1одор ч1ун рук1уна.

Залалдасан яхъун ч1уна цее тадбиралъул тамада. (хаш-мушго рет1а-къарай, бет1ер т1ех1ай, ч1ах1иял ц1оробералги лъун)

Гьаб бак1алда хъат ч1вала. (аплодисменты)

— Сценаялде рахъуна гьаб ах1иялда: т1анч1и т1аде, улбул – гъоркь.

Залалдасан Адамица абула:

— Гьаб щай цин дун? Мух1амад ах1е!

Мух1амад, залалдасанго т1адеги вахъун:

— Я вац, дун те, анц1го соналъ ах1улевго ах1улев вугин.

— Циндаго лъелал. Рек1арал ахиралда.

Адам сценаялде вахуна.

— Г1алиасх1аб! Унго-унгояв патриот! (г1арадаги хадуб ц1ан, сценаялде вахуна. Бот1рода пилоткаги лъун, рагъулаб формаялда, пионеразул салют кьолаго. Бакъан – «Взвейтесь кострами», мугъалда табличка –« К1одоэмен – рагъул г1ахьалчи»)

— Сакинат! Гьаракь берцинай мокъокъ! (намусго залалдасан яч1ун, сценаялда г1одой ч1ола).

— Ибрагьим! (мугъалда –« Эмен – «Рособрнадзор»)

— Аминаааат! Спротсменай, комсомолай!

— Забих1ааат! Баг1арал черекал, чарал щватаби!

Киналго кьерда ч1ола.

Ах1араб коч1оцаги кепаб махсароялъги

Руссен берцин гьабулел гимназиялъул артистал.

— Гьале нужей «Хохочал»!

Гьанже ихтияр кьола нужерго бак1азда г1одор ч1езе. (цоцалъ къацандулаго, столазда нахъа г1одор ч1ола).

— Нилъее ихтилаталъе яч1ун йиго Россиялдаго машгьурай коч1охъан, кепай зурмихъан – Дун!

— Исана гимназиялъе риччалел аттестатазул къадар къогоялъ дагьлъун буго. Лъай кьеялъул управлениялъул х1укмуялда рекъон, аттестаталъе мустах1икъайлъун йихьизаюна, волейболалъул х1аязда торг1о бищунго рик1к1аде кьабурай Аминатиеееее! (Аминатица, кьабун кверги бачун, аттестат босула. Квер бачиналъул х1алалъ тамада к1ус-к1усун уна.)

Лъавудаса арай тамада Сакинатица лъим пунхъун, Забихатица гьури гьабун, йигьуна.

Х1алица т1адеги яхъун, сородилаго тамадаялъ абула

— Гьелъие музыкалияб сайигъат. (кеч1 «Чебурашка»)

Г1одор ч1аразул рази гьеч1олъи загьирлъула:

Гьез 50 гъурущ бит1а-бишизабун коч1охъаналъе кьола. (кеч1 –« Гуро гьит1инаб гьеч1о»)

Ясазул къокъаялдаса Аминатица Сакинатихъе азарго гъурущ бегьула. Гьелъ, коч1охъаналда цожо щурула. (кеч1 – «Биччанте, Мух1амад, цо щобил бакъан»).

— Хут1ана жеги цо аттестат.

— Щугог1ан соналъ гьелъухъ инагьдулев гьав Мух1амадил мурад т1убазабе! Ниж г1агараб школагун рат1алъизе жеги х1адур гьеч1о.

— Рехе гьев гьавалде! (реплика)

Мух1амадие аттестат кьола. Кьурдул бакъан т1амун, гьев сверун васалгун ясал кьурдула. (васаз танчал кьвагьула ва ц.).Гьесда т1аде карточкабазул (лъималазул х1алел) ц1ад бала.

Киназго, сценаялъул раг1алде рахъун, бет1ер къулула.

3 конкурс: Рокъоб х1алт1и.

Иш лъугьуна школалда, т1оцебесеб дарс байбихьилалде.

Радалисеб линейкаялде ц1умур кьабула. Школалъулаб радиоялъул позывноял.

Авар халкъияб бакъан.

— Рорч1ами, х1урматиял радиоялъухъ г1енеккулел! К1алъалеб буго школалъулаб радио «Нилъерго карачелазда». Жакъа буго итни, щуабилеб март. Дагьал къоял хут1ана бищунго берцинаб байрам – Руччабазул Къо т1аде щвезе. Щвараб ресалдаса пайдаги босун, гимназиялъул т1олабго коллективалъ жакъаялдасаго баркулеб буго районалъул киналниги руччабазда гьеб байрам. (Командаялъ тюльпанал кьола залалда г1одор ч1арал руччабазе, ясазе.)

Гьанже г1енекке лъазабиялъухъ.

Гимназиялда ц1ализе вач1ун вуго ц1ияв ц1алдохъан. Гьев г1адатияв вас гуро. Гьев вуго отличник, спортсмен, «Цогояб Россия» партиялъул х1аракатчи, къокъго абуни, Г1алиев Супиян Дамдамаевич.

Гьалдалъун нижер эфир ахиралде щвана. Къо бит1аги.

Лъимал ах1и-х1уралде классалъуре лъугьуна. Гьенив ц1ияв ц1алдохъан сверун лъугьуна.

Цоял уна сценаялдасан «9а» табличкагун.

— Гьединав кутакав чийищха ле мун?

— Кинаб кутаклъи: ц1акъ багьаяб иш. Балъго абуни, дир буго цо бат1ияб гьунар. Дида к1ола нужеда диего бокьараб гьабизабизе.

Инсуца,васасда цебе экзаменалъул кагъатги хьваг1езабулаго, вагъулеб куцалъ абула:

— Гьаб жоялда ц1ар щиб? дуца экзаменалъе к1ийилаб щай босараб? (ах1т1ола, ч1ич1идула, васасда горболъ хъат бахинабула).

Васас, дагьабги гьаракь борхун, абула:

— Дица экзамен кинха кьелеб бук1араб: школалдеги нахъеги гурони нух бихьич1ев чияс, гьебги ч1ег1ерал ц1урдузул машинаялда. Дуца дун киве вачарав? Лондон дида бихьунищ бук1араб, картаялда бугеб бак1 лъазе ккани? Гьереси бицине дидаги к1веч1о.

Эмен дагьавги ццидахуна.

— Дун дуде рег1унищ вугев? Дудаса к1вар бугеб буго дир х1алт1и. Мунгун тиризе заман гьеч1о.

— Дун нужее т1ок1ав чи кколаха?

Эмен кьабизе вортула. Гьеб заманалда гьел лъавуде рач1инарула.

Киналго риххун хут1ула:

Цогидас ц1иясда цожо щурула. Нахъисеб партаялда рокьиккарал рихьизарула. Гьел, цоцахъ ралагьун, конфетал ц1унк1улел рук1уна. Аск1овеги ун, гьес ишара гьабула.

Рокьи ккаразул даг1ба байбихьула:

Ясалъ, эхедеги яхъун, васасде гьал коч1ол мухъал ах1ула :

— Гьет1ун буго дур т1агъур,-

Бет1ер бихьулеб гьеч1о.

Рет1араб чухъа буго,

Черх кинго батуларо.

Буго к1алги цабиги,

Цо раг1и бук1унаро.

Огь, бихьинчи, бихьинчи…

Вихьизе гурев гьеч1ев.

Васасги жаваб гьабула, дагьабги лъик1:

— Мун лъазег1ан дир г1умру, лъарал раг1алда ана.

Цинги мун лъаралдаса, г1урулъе к1анц1ана дун.

— Вай тамаша, г1аламат, г1аданиланги абун,

Г1адамасул сан гьеч1ев, сурав чи данде ч1вана.

— Къач1а- к1ат1ай бук1уна гьанже дур цо бат1ияб,

Ц1ивач1арав ц1алдохъан чанк1к1арав чидай вугев?

Цогидай ясалъ гьоркьобе к1аз рехула, гьел ригьине гьарула.

Ах1т1олаго, ццидахарай класрук классалъуе лъугьун яч1уна.

— Щиб, мегъ бикьулел ц1абкьал кинигищ ругел?

Щиб, ц1акъ кепалда руго, к1удиял гьунарчаг1и,

Гьаваялдеги рахун, росулъго машгьурлъанин.

Кьаболезул гурулъ нуж, бекулелъул цере нуж.

Ахир х1асилазулъни, х1арщулъе рортун ругин.

Лъимал цоцахъ ралагьула. Ц1ияв ц1алдохъанасде ишан гьабула. Дов класрукалде аск1ове уна.

Гьелъ гьанже бат1ияб бакъан бачуна.

— Кьабеязул х1асилаз йохизе гьаюна дун.

Гьит1инав г1ангурасда киг1аганги лъик1 бец1ана.

Ц1урдулги сонал арал, басралъарал рук1ана

Рекаразул бак1алда ц1иял лъолел рук1аха. (лъимал ц1акъго рохула. Жание яч1арал директор лъиданиги йихьич1о.)

Директор йиххун хут1ула учительницалъул каламалда.

— Библиотекалдаса рикъарал т1ахьазулги

Дие къварилъи гьеч1о,

Гьезухъ щварал шагьаби

Шагьар чекизе г1ела.

— Дида раг1улеб жо щиб? беразда бихьулеб щиб?

Гьабураб такъсиралда гьаракь рекъон бихьула.

Лъимал х1инкъун цоцахъ ралагьула. Ц1ияв ц1алдохъанас, хехлъи гьабун, гьейги кверде йосула (к1отинаюла).

Гьанже гьурмалъ гьимигун гьей разиго к1алъала:

— Нуж дир х1алт1улъ гьеч1ого бегьуларел, нужер бераз босула кинабго нахъег1анаб. Гьеб нужер т1ок1лъи ккола. Гьедин гуребани, гимназиялда г1олареб жоялде дир квер г1унт1илароан. Гьелъухъ нужее баркала, гьелъин дие нуж рокьулел.

— Х1урматияй, директор, гьарула т1аса лъугьа.

Ц1урдул рекарайги дун, т1ахьал рикъарайги дун.

Гьанже лъималазул шавкъ багъарула, класрукалде данде ч1езе х1укму гьабула. Гьелъие г1оло, директор йигьинаюла.

Директор (ццидахун), телефоналдасан лъидеяли к1алъала. Гьебсаг1аталда рач1ун, минобр, рособрнадзор, полиция, квералги нахъе гьарун, класрук ячун инехъин йик1уна.

Х1инкъарал лъималаз ц1ияв ц1алдохъанасда г1елин абураб ишан гьабула.

Сценка на аварском языке «Фатимакlодол бахlарав»

Фатимакlодо жиндирго васасул яс кlибикlулей йикlана кечlги ахlулаго, кьижарилаго. Бигьа гьабун, нуцlаги къирун, жаниве вачlана Микагlил.

Фатимакlодо. Гьа, щиб къвариг1ел бугеб Микагlил?

Гьимулаго, цо жоялъ рахlат хвезабураб гlадин

Микагlил. Фатимакlодо, цо дир дудехун гьари буго. Дида лъала духъан гьеб бажарулеблъи.

Фатимакlодо. Гьа, вилълъа, бицея, щиб бокьун бугебали?

Щурун абула гlинде

Фатимакlодо. Дун дуе ригьнакlойищ, къадийищ, прокурорищ? Мун гьекъонцин гурищ вугев? (М ахl сунтlула).

Микагlил. Фатимакlодо, нижее цо яс хъамизе кумек гьабиларищ?

Кlодоца гlодоб букlараб тlил хапан босана ва гьесде гьесардана

Фатимакlодо. Дица гьабсагlат дурр бетlералъул ращот гьабила, хlарамазада, хlалихьат.Чияр яс йикъизе ккани, кин ракlалдегlаги кколеб гьединаб жо. Дидани ккун букlана мун сахав вас вугилан, мунилан абуни, хъачагъ вукlун вуго.

Лъимер борчlана, гlодизе лъугьана. Микагlил живгоги хlинкъана. Микагlил гьардезе лъугьана.

Микагlил. Фатимакlодо гlодое йиччай.. дуда мекъи бичlчlана. Дие гьеб гуро абизе бокьун букlараб. Гlенекке цо дихъ.

Фатимакlодо. Вай, мун гьагьинив лъеяв. Цин абула яс хъамизе къваригlун бугилан, цинги тlил бихьигун батlияб бакъан бачунеб буго гури.

Микагlил. Кlодоэбел, дир вуго цо цlакъав гьудул Ильяс. Гьев живго вихьа-рагlизе берцинав жо вуго, эменги гьечlого, эбелалъ хьихьарав пулан вуго.

Фатимакlодо. Гьа, лъалин дида гьев, щвараб гьекъон, эбелалъул хинкlал кванан, кепалда вуго, къаси кlотун, къад кьижун.

Микагlил. Кlодоэбел, гьев холев вуго Рукъигатихъ

Фатимакlодо. Бокьунккун мокьролкарщ, хlалтlиги берцинай, гьайбатай, бищун лъикlай колхозалъул доярка Рукъигатида бер кlутlун асул.

Микагlил. Кlодо, дуда лъалеб жо дагьаб буго, гьелъие гьевги гурищ рекlее гlун вугев?

Фатимакlодо. Карщица кlал бухlани холел гьал, рокьи-мокьи камун букlана нужее. Лъие къваригlарав гьекъолдухъан, кlухlал. Шишаги тун, хинкlал ралагьизе щай вахъунарев? Унха, ав Камалил Башир.

Микагlил. Ягъарин, гlенекке, дида кlолеб гьечlо гьудул нахъ чlвазе. Рачlа цо жо ургъизе

Гьес гlинде щурула.Гьай ургъана ва бетlер гьанкlана.

Фатимакlодо. Вай, къасигlадаб бецlаб сордоги бихьичlо. Бадиб килищ тунканиги, чи вихьулеб хlалги гьечlо.

Стол. Столалда нахъа кваналеб хъизан. Ботlроде кlазги рехун, кlодо къватlие уна. Буртинаги тlаде рехун ехъерхъун уна.

Микагlил. Киегlаги гьай ячине?

Ильяс. Нохъоде хъаме, нохъоде, лъарахъе, иццухъе, хехго, чи гьечlеб бакlалде.

Микагlил. Воре, цlодорго, йортизе гурин.

Ильяс. Микагlил, алъул иш-махlго гьечlогури. Щибдай алъие ккараб?

Микагlил. Гьа, ургъел гьабуге. Гьалъие расги лъугьунарин. Ахlдезе нечон ятила, яги кьижун ккун ятила. Речlчlизабея фонарь.

Берцинго гlодой лъола. Буртинаялъ яхчарай гьалда цеве накалдаги чlун.

Вай дир канлъи, дир дарман,

Рекlел кlутlи дие мун,

Мун гьечlони, дун гьечlо,

Кlодо яккун ячlуна буртинаги рехун.

Фатимакlодо. Гьая, хъачагъ, дуе бокьухъин телин, яче гьале бахlарай, хlадур йигин, дир Лачен.

Ильяс виххун ккола.

Ильяс. Вай, мун кисан гьание ккарай? Хвана кина-щиябго. (Микагlилида хурхуна) Ле, ботlрокъ, дуца гьабураб щиб? Кире ралагьун рукlарал дур берал? Рахъунищ рукlарал?

— Вай, хвана хlалтlи! Дидаги лъаларо, гьай кин гьание ккараяли?Бецlаб сордо букlана.

Ильяс тlурун инехъин вукlуна, кlодоца галстукги ккун чlезавула.

Фатимакlодо. Чlая, дегlен, инаревха кивениги. Хъамунищ, ячине ккола. Ячинчlони, ун сельсоветалдегун гlарза хъвала, росдадаги суризавила. Туснахъги буго духъ балагьун чlун.

Микагlилицаги кlодоцаги цоцаде ишанал гьарула.

Фатимакlодо. Кlудияб гъаратl ккана, дун..дун..мекъи ккана.

Фатимакlодо. Агьа, дир бакlалда щий хъамизе ракlалда букlараб? Дуда чидар яс чидар гъотlода бижараб гlечиланищ ккараб? Яги гlодобе рехараб тlагlелиланищ ккараб? Дур яц хъамун арайани, дуе кин букlинаан, гьая, бицея цо!

Микагlилица Ильяс цевегlан тункула.

Микагlил. Дуца балъаргъана кинабго. Гьанже накалдаги чlун гьарде, гурони гьелъ нилъеда цlам хинабула.

Накалдаги чlун гьардезе байбихьула

Ильяс. Фатимакlода, талихl кьегийин, лъиданиги бицунге, суризавуге дун. Дица дуе къваригlанщинабги гьабила.

Фатимакlодо. Бицинароха, амма дуца дие бихьинчиясул рагlи кьезе ккола. Цо бугони, дуца гьекъолеб жо тела, кlиабизе бугони, эбелалъе кумек гьабун, хlалтlизе вахъина.

Ильяс. Фатимакlодо, гьале дица дуе рагlи кьолеб буго, дуца тlад лъураб борч дица бихьинчияс гlадин борхизе буго. Гьеб тlубачlони, дун бихьинчи гуро.

Фатимакlодо. Лъикl буго Ильяс, гьале нугlлъиялъе Микагlилги вуго, дуца рагlи ккуни, дицаги дур рекlел мурад рагlалде бахъинабила. Аллагьас хъван батани, ниж дурги Рукъигатилги берталъ кватlичlого кьурдила.

Зурма-къоло гьаракь, берталъ кьурдулел г1адамал.

Джамалова Эльмира Насрудиновна

Хунзахский район, с Харахи

Выберите книгу со скидкой:

ПЕРВОЕ ЧТЕНИЕ. ШКОЛА ЖУКОВОЙ (ОБУЧАЮЩАЯ АКТИВИТИ +50 А5). ФОРМАТ: 160Х215 ММ. в кор.50шт

ОГЭ-2020. Литература (60х84/8) 20 тренировочных вариантов экзаменационных работ для подготовки к ОГЭ

ОГЭ. Литература. Новый полный справочник для подготовки к ОГЭ

Быстрое чтение за 10 дней

Скорочтение. Как запомнить больше, читая в 8 раз быстрее

Лучшее чтение на английском языке: Портрет Дориана Грея. Великий Гэтсби

Чтение на лето. Переходим в 6-й класс. 2-е изд., испр. и доп.

Математика. Новый полный справочник школьника для подготовки к ЕГЭ

Дошкольная педагогика с основами методик воспитания и обучения. Учебник для вузов. Стандарт третьего поколения. 2-е изд.

Считаю и решаю: для детей 5-6 лет. Ч. 1, 2-е изд., испр. и перераб.

БОЛЕЕ 58 000 КНИГ И ШИРОКИЙ ВЫБОР КАНЦТОВАРОВ! ИНФОЛАВКА

Фатимакlодол бахlарав

Фатимакlодо жиндирго васасул яс кlибикlулей йикlана, кечlги ахlулаго, кьижарилаго. Бигьа гьабун, нуцlаги къирун, жаниве вачlана Микагlил.

Фатимакlодо. Гьа, щиб къвариг1ел бугеб Микагlил?

Гьимулаго, цо жоялъ рахlат хвезабураб гlадин.

Микагlил. Фатимакlодо, цо дир дудехун гьари буго. Дида лъала духъан гьеб бажарулеблъи.

Фатимакlодо. Гьа, вилълъа, бицея, щиб бокьун бугебали?

Щурун абула гlинде.

Фатимакlодо. Дун дуе ригьнакlойищ, къадийищ, прокурорищ? Мун гьекъонцин гурищ вугев? (Махl сунтlула).

Микагlил. Фатимакlодо, нижее цо яс хъамизе кумек гьабиларищ?

Кlодоца гlодоб букlараб тlил хапан босана ва гьесде гьесардана.

Фатимакlодо. Дица гьабсагlат дур бетlералъул ращот гьабила, хlарамазада, хlалихьат. Чияр яс йикъизе ккани, кин ракlалдегlаги кколеб гьединаб жо. Дидани ккун букlана мун сахав вас вугилан, мунилан абуни, хъачагъ вукlун вуго.

Лъимер борчlана, гlодизе лъугьана. Микагlил живгоги хlинкъана. Микагlил гьардезе лъугьана.

Микагlил. Фатимакlодо гlодое йиччай.. дуда мекъи бичlчlана. Дие гьеб гуро абизе бокьун букlараб. Гlенекке цо дихъ.

Фатимакlодо. Вай, мун гьагьинив лъеяв. Цин абула яс хъамизе къваригlун бугилан, цинги тlил бихьигун батlияб бакъан бачунеб буго гури.

Микагlил. Кlодоэбел, дир вуго цо цlакъав гьудул Ильяс. Гьев живго вихьа-рагlизе берцинав жо вуго, эменги гьечlого, эбелалъ хьихьарав пулан вуго.

Фатимакlодо. Гьа, лъалин дида гьев, щвараб гьекъон, эбелалъул хинкlал кванан, кепалда вуго, къаси кlотун, къад кьижун.

Микагlил. Кlодоэбел, гьев холев вуго Рукъигатихъ.

Фатимакlодо. Бокьунккун мокьрол карщ, хlалтlиги берцинай, гьайбатай, бищун лъикlай колхозалъул доярка Рукъигатида бер кlутlун асул.

Микагlил. Кlодо, дуда лъалеб жо дагьаб буго, гьелъие гьевги гурищ рекlее гlун вугев?

Фатимакlодо. Карщица кlал бухlани холел гьал, рокьи-мокьи камун букlана нужее. Лъие къваригlарав гьекъолдухъан, кlухlал. Шишаги тун, хинкlал ралагьизе щай вахъунарев? Унха, ав Камалил Башир.

Микагlил. Ягъарин, гlенекке, дида кlолеб гьечlо гьудул нахъ чlвазе. Рачlа цо жо ургъизе

Гьес гlинде щурула.Гьай ургъана ва бетlер гьанкlана.

Фатимакlодо. Вай, къасигlадаб бецlаб сордоги бихьичlо. Бадиб килищ тунканиги, чи вихьулеб хlалги гьечlо. Гьанже бихьила нилъеца Ильясил хlал.

Ботlроде кlазги рехун, кlодо къватlие уна. Нахъасан рачlуна Микагlилги Ильясги, цоцаде иша-бикъаналги гьарун, Буртинаги тlаде рехун, ехъерхъун уна.

Микагlил. Киегlаги гьай ячине?

Ильяс. Нохъоде хъаме, нохъоде, лъарахъе, иццухъе, хехго, чи гьечlеб бакlалде.

Микагlил. Воре, цlодорго, йортизе гурин.

Ильяс. Микагlил, алъул иш-махlго гьечlогури. Щибдай алъие ккараб?

Микагlил. Гьа, ургъел гьабуге. Гьалъие расги лъугьунарин. Ахlдезе нечон ятила, яги кьижун ккун ятила. Речlчlизабея фонарь.

Берцинго гlодой лъола. Буртинаялъ яхчарай гьалда цеве накалдаги чlун.

Ильяс.

Вай дир канлъи, дир дарман,

Рекlел кlутlи дие мун!

Мун щвеч1они, дун хола,

Кlодо яккун ячlуна буртинаги рехун.

Фатимакlодо. Гьая, хъачагъ, дуе бокьухъин телин, яче гьале бахlарай, хlадур йигин, дир Лачен!

Ильяс виххун ккола.

Ильяс. Вай, мун кисан гьание ккарай?! Хвана кина-щиябго. (Микагlилида хурхуна) Ле, ботlрокъ, дуца гьабураб щиб? Кире ралагьун рукlарал дур берал? Рахъунищ рукlарал?

Микаг1ил. Вай, хвана хlалтlи! Дидаги лъаларо, гьай кин гьание ккараяли? Бецlаб сордо букlана.

Ильяс тlурун инехъин вукlуна, кlодоца галстукги ккун чlезавула.

Фатимакlодо.Чlая, дегlен, инаревха кивениги. Хъамунищ, ячине ккола. Ячинчlони, ун сельсоветалдегун гlарза хъвала, росдадаги суризавила. Туснахъги буго духъ балагьун чlун.

Микагlилицаги кlодоцаги цоцаде ишанал гьарула.

Микагlил. Фатимакlодо, кlудияб гъалатl ккана, дун..дун..мекъи ккана.

Фатимакlодо. Агьа, дир бакlалда щий хъамизе ракlалда букlараб? Дуда чидар яс чидар гъотlода бижараб гlечиланищ ккараб? Яги гlодобе рехараб тlагlелиланищ ккараб? Дур яц хъамун арайани, дуе кин букlинаан, гьая, бицея цо!

Микагlилица Ильяс цевегlан тункула.

Микагlил. Дуца балъаргъана кинабго. Гьанже накалдаги чlун гьарде, гурони гьелъ нилъеда цlам хинабула.

Накалдаги чlун гьардезе байбихьула

Ильяс. Фатимакlода, талихl кьегийин, лъиданиги бицунге, суризавуге дун. Дица дуе къваригlанщинабги гьабила.

Фатимакlодо. Бицинароха, амма дуца дие бихьинчиясул рагlи кьезе ккола. Цо бугони, дуца гьекъолеб жо тела, кlиабизе бугони, эбелалъе кумек гьабун, хlалтlизе вахъина.

Ильяс. Фатимакlодо, гьале дица дуе рагlи кьолеб буго, дуца тlад лъураб борч дица бихьинчияс гlадин борхизе буго. Гьеб тlубачlони, дун бихьинчи гуро.

Фатимакlодо. Лъикl буго Ильяс, гьале нугlлъиялъе Микагlилги вуго, дуца рагlи ккуни, дицаги дур рекlел мурад рагlалде бахъинабила. Аллагьас хъван батани, ниж дурги Рукъигатилги берталъ кватlичlого кьурдила.

Зурма-къоло гьаракь, берталъ кьурдулел г1адамал.

Популярные записи